"Фазул г1умруялъул нух"

18.12.2017

Тема: Фазул г1умруялъул ва творчествоялъул нух.

¢Дарсил мурад: Ф. Г1алиевалъул г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ баянал г1ат1ид гьари. Гьелъул творчествоялъул жанрияб бечелъи ва тематика рагьи.

¢

¢Дарсил ин:класс х1адур гьабила дарсиде.

¢Церехун малъарал асарал рак1алде щвезаризе викторина х1ала.

Учителас экраналда Фазул х1акъалъулъ видеоролик бихьизабиялдаса байбихьила дарс.Гьелдаса лъимал рачина дарсил темаялде.Рач1 а нилъеца т1оцебе рак1алде щвезабила гьелъул г1умру ва творческияб нух.

Халкъияй поэтесса Фазу Г1алиева гьаюна 1932 соналъул декабрь моц1алъ Хунзахъ районалъул Гиничукь абулеб росулъ.Гьелъул эмен г1олохъанчи вугеб мехалъ хвана.Инсул камиялъ рак1бекарал г1исинал лъималги каранде къан, чанги маг1ица ц1алтарал сардал рогьана Фазул эбелалъ. Г1акъилай, х1еренай, дозул хьвада-ч1вади, рук1а-рахъин мисаллъун бук1арай мунагьал чураяй Г1апида к1вана рахъинаризе, зах1матал рагьул соназ рух1ияб бечелъи жиндилъго ц1унизеги лъималалъ куцазегиберцинго лъимал г1езаризе, т1олго г1умруги г1олохъанлъиги кьун, гьел г1адамазулъе на ва тарбия кьун г1езаюна эбелалъ- Г1апица.

¢Дун декабрь моц1алъул хасалил къоялъ,

¢Бакъ баккулеб г1ужалъ гьюрай йиго,

¢Бакъгун яч1ана дун дуниялалде,

¢Дилъ цониги къоялъ гьеб т1ерхьунги инч1о

¢Школаги лъуг1изабун, Фазу ц1алула руччабазул педагогияб институталда, амма гьеб ахиралде щвезабуларо. Гьей ц1ализе уна Москваялде. Гьелъ лъуг1изабула Максим Горькиясул ц1аралда бугеб Литературияб институт. Ц1али лъуг1ун хадуб, Фазу х1алт1ана Дагъпедгизалъул редакторлъун

Эбел

¢Фазул поэзиялъулъ к1удияб бак1 ккола эбелалъул образалъ. Эбелалъе сайгъат гьарурал руго бищунго льик1ал куч1дул

¢ («Дида бихьула», «Эбел», «Эбелалда гьикъе»).

ц1алдохъан:

Рак1 унтун, к1ал бух1ун ах1улеб буго

Эбел, эбелилан жакъаги дица.

Дур рахараб нуц1ихъ багъулеб буго

Дир бигьараб г1умру, дир г1одулеб рак1.

Жакъаги нижей мун х1ажат йигей куц,

Х1аладаса араб къечдай лъим г1адин,

Къояца, сардаца сапарги борхун,

Нухда г1унулесе хинлъи г1адинан.

Дур рахараб нуц1а, свараб гьансито,

Свана гьанситоги чирахъги дилъги,

Рак1 унтун, к1ал бух1ун ах1улеб буго

Эбел, эбелилан жакъаги дица.

Поэтесса Залму Батыровалъ цо пуланай шаг1иралъул х1акъалъулъ гьадин хъвалеб буго :

«Г1ебса к1ич1ун ч1варай ч1инч1у берцинай,

Ч1артил букъаниги, гурде рекъолей,

Мах1мудил сариназ, Сафол куч1дуца

Каранда бакараб ц1а свине теч1ей.

Гьудуласул гъасде рохел бач1ани

Кунелъуб квенги тун баркизе уней.

Тушманасул рокъоб къварилъи ккани

Г1одун гуронани, йохизе лъач1ей.

Бахъараб хвалченги, т1огьол квац1иги

Кодоса г1умруялъ г1одой рехич1ей.»

¢Ф.Г1алиевалъул творчествоялъулъ ц1ик1к1араб бак1 ккола маг1арулазул ц1ар раг1арал г1адамазул, бах1арзазул, поэтазул, коч1охъабазул,къеркьохъабазул,имамзабазул образаз. Гьелда киданиги к1очонаро Шамил, Ц1. Х1амзат, Мах1муд, Мах1ач г1адал ракьалда кидаго нилъ ч1аго хут1изе ва бечелъизе г1оло г1умру кьун хваразул лебалал ц1арал.

Инсанасе хасиятал рек1ел асарал «бух1улеб рек1ел панаяб х1ухьел» загьир гьабич1ев, рокьи коч1олъ ах1ич1ев шаг1ир ватизе зах1мат буго. Фазул асаразулъги гьеб темаялъ ц1акъго ц1ик1к1араб бак1 ккола. Рокьул х1акъалъулъ хъван буго чанго т1ехь. К1одо гьабун буго бац1ц1адаб, хиянат гьеч1еб чорхол асар, х1асрат.

Ц1алдохъан:Дие Ват1ан бук1инч1о

Ч1обогояб раг1илъун

Коч1ол мухъал хурхине,

Харц1ун гъорлъе бачараб.

Ват1ан дие бук1ана

Даим бух1улеб рак1лъун,

Рек1елъ бакараб ц1алъун,

Би гьалдолеб раг1илъун.

Ват1ан, мун бокьизе т1оцебе дида

Лъицадай малъараб гьаб дунялалда?

Лъица абадиялъ унареб х1алалъ

Дир х1асратаб рек1елъ бик1араб дур ц1ар?

«Дир г1агараб росу» абураб куч1дузул т1оцебесеб т1ехь къват1ибе биччана 1959 соналдаХочу такой сайт

.

Фазуда г1умрудулъ талих1 батана, гьелъ жиндирго къисмат цолъизабуна лъик1ав маг1арулав, намус бац1ц1адав гьунар бугев хъвадарухъан Муса Мух1амадовасулгун. Гьес йокьулей лъадуе, гьудулалъе сайгъат гьарурал куч1дузулъ г1емер х1икматал, бергьараб шавкъалъул шиг1раби руго:

¢Дуе, рек1ел гьудул, рак1ги г1умруги,

¢Г1умруялъ ах1араб х1асратаб кеч1ги,

¢Каранда боркьараб рокьиги ццинги,

¢Гьаб т1олго дуниял дуе гьимулеб.

Гьит1инго г1акъилай эбелалъ к1вах1аллъизе теч1ого куцарай Фазу х1алт1ана най г1адин. Гьелъие г1умру бук1инч1о я бит1араб шагьранух, я коч1ол бакъназул ц1ураб майдан, я рохалил ц1ураб байрам.Гьелъ рохелги къварилъиги гьекъана бащад гьабун. Къварилъи ц1ик1к1унгицин батила.

Щиб бугеб эбелалъе вас камиялдаса к1удияб? Гьит1инго улбузул маг1у бихьарай Фазуца вас камураб мехалъ хъвараб т1ехь г1ахьалаб буго рокъоса вас камурайщинай эбелалъе. Т1ехь ц1алулаго, бихьула эбелалъул г1урхъи гьеч1еб рокьиги, васасдаса ч1ух1иги, сабруги, иманги. К1удияб бух1иялъ жаниса рак1 бежулей эбелалъ ах1улеб буго борхьилгицин т1инч1 бахъугейилан, ц1унц1раялдацин т1ад х1ет1е ч1огейилан.

Гьекъанщинаб зах1маталъулги х1ехьанщинаб зах1маталъуги х1исаб гьабун, Фазуца «Бигъараб г1омо» абун тана жиндирго т1ехьалда ц1ар.

«Улбулг1ан щулияб щибниги гьеч1о!» - ян ах1улеб буго вас камурай Фазуца.

Гьеб тема рагьулеб буго «Васазухъ угьдулел улбузде кагъат», «Дунги къварилъиги», «Загьру», «Дие бокьулаан», «Афгъанистан», «Г1али», «Г1емерав вецциларо» абурал куч1дул -маг1абазулъ.

Ц1алдохъан:Дур ц1аралъул ункъгоxlapп—

Ункъо унти мац1алда,

Ц1ар ах1улеб мехалда

Рух1 цадахъ босун унеб.

Дур ц1аралъул ункъгоxlapп,

Ах1изе дун х1инкъараб,

Данде жаваб щвеч1огун,

Шущан гьороца ине.

Дур ц1аралъул ункъгоxlapп,

Къаданиб ч1вараб зани,

Зонода т1ад г1унарал,

Дида ч1орлъун реч1ч1улел.

«Дица рецц гьабулеб улбузе буго»

Ват1аналъул рагъда васал камурал

Киналго улбузе ах1е х1урматин.

¢Рагьул зах1матал соназул ц1орораб кваркьи хъвач1еб цониги лъимер хут1ун батиларо маг1арухъ. Гьеб кваркьи щварай Фазудаги кидаго цереса инч1о х1алакъал, ракъарал, г1елбащадал ясазул ва васазул гьурмал, къварилъиялъ пашманлъаралч1ах1иязул берал.

Гьел лъугьана Фазул асаразул герояллъун, гьезул г1умруялъулги, рокьулги, бах1арчилъиялъулги бицана нилъее гьелъ жиндирго асаразулъ. Бокьарав чиясул къварилъи жиндирго г1адин къабул гьабулей Фазуца хъвана ц1алулев чи г1одулеб х1алалъ, рек1елъе бортун унеб х1исабалда, рагъул темаялда, камиялъул темаялда асарал.

Жакъасеб Дагъистаналда г1емер ратиларо Дагъистаналъул халкъияй поэтесса Фазу Г1алиеваг1ан нилъер халкъалда гьоркьор машгьурал г1адамал, хасго руччаби. Цох1о маг1арулги г1урусги гурелги, г1емер бат1и-бат1иял мац1азде руссинарун руго Фазул асарал. Гьелъул т1ахьал рахъана къват1исел пачалихъаздаги.

Фазул романал ц1алидал дида йихьана унго-унгояй дагъистанияйги, х1атталдаса ун т1адег1анай ч1ужуг1аданги. Цогиялда гьединал романал хъванги бажарилароан. Гьезулъ образал гурел, ч1агоял г1адамал руго….. гьез ах1ана дун Дагъистаналде.

Маг1арулазда бицинч1ониги бич1ч1ун батила гьей шаг1ир Фазу Г1алиева йик1ин.Унго-унгояй маг1арулай , къалам бег1ерай, къадру борхатго ц1унарай Фазу Х1амзатовналъ исана т1убалаан 85 сон. Нилъедаса ят1алъун заман баниги гьелъул гьунар ва коч1ол махщел к1оченаро кидаго. Фазул асараздасан пасих1го куч1дул ц1алиялъул къец т1обит1ана 7классалъул ц1алдохъабазда гьоркьоб 15 декабрялда.

Фазу Г1алиева йиго Дагъистаналъул поэзиялъул ц1ум. Дида лъала гьей борхалъуде йоржине йигеблъи.

Николай Тихонов.

Ц1алдохъан:

Гьари.

¢Бух1улеб рек1еда т1ад

¢Т1урт1удулеб кверги лъун,

¢Дица гьарулеб буго

¢Гьаб дунялалъе сахлъи.

¢Рагъул кьвагьи т1аг1аги,

¢Т1олел биял лъуг1аги,

¢Т1анч1аздаса ракьалда

¢Ват1алъугеги щивго.

¢Т1абиг1атгун инсанас

¢Ах1араб кьал къот1аги,

Рокъобе Х1алт1и: «Кьолбол мугьру ц1ализе, анализалде х1адуризе»

Дарс лъуг1ана, киназего баркала, къо – мех лъик1!

Просмотров всего: , сегодня:

Рейтинг: . Оценили: .

Дата создания: 13.09.2018

Дата обновления: 04.10.2018

Дата публикации: 18.12.2017

Наверх
На сайте используются файлы cookie. Продолжая использование сайта, вы соглашаетесь на обработку своих персональных данных. Подробности об обработке ваших данных — в политике конфиденциальности.

Функционал «Мастер заполнения» недоступен с мобильных устройств.
Пожалуйста, воспользуйтесь персональным компьютером для редактирования информации в «Мастере заполнения».