06.04.2019
10.04.2019
Дун
Чупанова Пат1имат Мух1амаднабиевна. Х1алт1улей йиго Г1анди гьоркьохъеб
школалъул № 2 авар мац1алъул муг1алимлъун. Х1алт1ул стаж буго анц1ила щуго сон.
Лъуг1изабуна ХПК ( специализация) авар мац1алъулгун адабияталъул
муг1алимлъун. Гьит1инаб мехалъго дун бахиллъун йик1ана муг1алимзабазда.
Т1оцебесеб классалде яч1арабго дида бич1ч1ана школалда ругелдаса нахъе, ц1ализе кколеблъи.
Ц1али, ц1али, ц1али киг1анха дица
ц1аларал т1ахьал, дида кколаан гьал г1адамазда кисадай кинабго лъалеб, дирго
учительницаялъухъги балагьун дун бахиллъун ,х1айранлъун йик1унаан, кидадай
дунги гьейг1адин ц1одорлъилаян. Гьале ц1алана яхъана муг1алимлъун, бич1ч1ана
лъималазул балагьиги, гьезул гьурмазулъ бугеб х1инкъиги. Бижана ц1ияб рокьи,
ц1ияб лъай.Х1алт1ул соназ дица аслияб темалъун бищана ц1алдохъабазул калам
цебет1езаби ва гьел пасих1аб ц1алуде ругьун гьари, гьезул к1варалъул
х1акъалъулъ баянал бечед гьари.Гьелда т1ад г1емер х1алт1улаго ратана гъалат1ал,
щвана т1ок1лъиялъул г1акълу, гъорлъе рачана ц1алдохъаби. Гьелгун х1алт1изе
ккана класстун къват1ийги. Ч1олохъжо берцинго ц1ач1они, чу берцинго нухде
бач1унаро, гьедин рачана дица дирго ц1алдохъабиги. К1удияб к1вар буго г1урус
мац1алъулгун бухьен кквеялъул. Гьелъги рес ккола к1иябго мац1алъул грамматикиял
г1аммал ва хасал рахъал ч1езаризе.
Дида ккола дирго махщел гуреб
бат1ияб х1алт1улъ дунго т1ерхьинадаян. Къойил рихъулел лъималазул гьурмал
гьеч1ого киндай бакъ кунч1иладаян. Щаклъи гьеч1ого дида абизе к1ола дир махщел
сундасаго пайдаяб бугин дунялалдаго. Щайин абуни ц1али гьеч1ого рес гьеч1о
врачал, г1елмиял кандидаталги, цогидал рахъине. Ц1али ккола канлъи.
Т1оцебе дидаго цин бич1ч1улеб
бук1инч1о киндай к1велеб къойил цого бет1ерунти х1ехьезеян, амма къоял, моц1ал,
сонал анаг1ан бич1ч1ана дуе рокъич1они мун йокъуларейлъи рокьи бижизабизе рак1
тамах гьабизе кколеблъи.
Дун
ц1алулаго нижее цо преподователас суал кьуна: гьая лъил гъира бугеб школалда х1алт1изе? - ян. Щаклъи
гьеч1ого дида лъана дунго х1алт1изе йик1ин. Дида рак1алда буго, дирго эбел
муг1алималъ рокъоб бицунеб бук1араб куц лъималазул, гьей цо-цо г1одулей куц
гьезул сочинениязул хал гьабулаго.
Дица бачуна литературияб кружок.
Г1ахьаллъула жиб-жиб соналъ анц1ила микьго чи, гьезул бижана гьунар, махщел,
рахъана имправизаторлъиялъул махщел цик1к1ун церерахъунел бег1ераб г1акълуялъул
ц1алдохъаби.
Г1ахьаллъана
школалъул ва районалъул олимпиадабазда щвана бат1и-бат1иял ч1елал.
Кабинетги
къач1ан буго гьанжесеб къаг1идаялда: пайда босизе кабинеталде буго
а) дидактияб
материал
б) суратал
в)
таблицаби
г)
карточкаби
д)
интернеталъул бухьен
ж)
хъвадарухъабазул бат1и-бат1иял т1ахьал
з) руго
гьединго стендалги.
Класстун
къват1иб ц1али.
Хасаб
къаг1идаялъ лъималазул к1вар ц1алуде буссинабизе х1алт1изаруна халкъияб к1алзул
гьунаралъул асарал, экскурсияби лъималазулги
херазулги дандч1ваял. Гьениб малъула чилъи, г1адамазда гьоркьоб рук1а-рахъин,
гьелъ мац1 пасих1 гьабула, гьенирго ратула т1оцебесеб тарихалъул лъалк1алги.
Бакъалда хинлъун бук1унин абухъеги, гьеб хинлъи кьезе дун ругьун гьаюна гьелго
ц1алдохъабаз. Заманалда рекъон хисула лъималазул анищги. Дица хинлъи гьабизе
ккани, дун ургъизе ккола, цин
дунго лъагълъунги цеет1амун. Экскурсияз кумек гьабуна г1агараб росу, Ват1ан
бокьизе, гьелъул беричал бак1ал кин ва лъица ц1унун нилъехъе щваралали
бич1ч1изабизе. Цоги дун т1адч1ун х1алт1изе ккана дирго темаялда гурей словарияб
х1алт1иялдаги. Мисалалъе г1емерисел раг1аби маг1арул мац1алдаса г1урус мац1алде
руссинаризе к1оларо. Синонимал рищизе ккани ц1акъго къанаг1ат гурони гьел
гьеч1о г1урус мац1алде дандеккун. Ц1алараб бихьараб жоялда т1аса сочинение
хъвазе лъимал т1амун, гьелъие къимат кьезе ругьун гьарун щулияб ва гъваридаб
лъай кьолаго гьеб лъай практикаялда х1алт1изабизе лъимал ругьун гьари.
Стилистика малъулаго ц1алдохъаби ругьун гьаруна маг1наялда рекъезарун
предложениял г1уц1изе.Гьанибго бач1ула цоги нижер Г1анди мухъалда зах1малъулеб к1иго раг1и (г1) ва (х1)
раг1укълъи бугел х1арпал, х1арп бахъизе к1веч1ого гьаракь раг1и бахъи.
Ц1алдохъабазда къанаг1ат гурони к1оларо абизе гьадинал раг1аби
х1ама
- гьама
Мух1амад
- Мугьамад
г1арац
- арац
Гьаниб
т1адч1ей гьабун к1вар кьезе кколеб буго жиб-жиб дарсида словарияб х1алт1и
т1убазе. Ц1алдохъабазда гьоркьоб х1ай базе синонимал предложениялда ц1арал
хъвазе т1амун гьеб к1иябго х1арпалдалъун байбихьулел раг1аби, гьел г1урус
мац1алде руссинаризе т1амун. Бит1унхъваялъул рахъалъ бажари борхизабула,
бат1и-бат1иял тайпабазул г1инзул, берзул, кант1изариялъул, творческиял г1адал
диктантаз. Гьедин т1ад- ч1ун х1алт1ула авар мац1алъул дарсазда монологияб калам
камил гьабиялда т1адги.
11.05.2019
Просмотров всего: , сегодня:
11.05.2019
Просмотров всего: , сегодня:
11.05.2019
Просмотров всего: , сегодня:
11.05.2019
Просмотров всего: , сегодня:
11.05.2019
Просмотров всего: , сегодня:
11.05.2019
Просмотров всего: , сегодня:
11.05.2019
Просмотров всего: , сегодня:
11.05.2019
Просмотров всего: , сегодня:
11.04.2019
Просмотров всего: , сегодня:
16.03.2019
Просмотров всего: , сегодня:
22.02.2019
Просмотров всего: , сегодня: